ХIасил ккечIеб сапар

24 Октябрь 2017
951

Цо къоялъ Византиялъул амирасда ракIалде ккана Багъдадалде, бусурбабазе чанго суал кьун, чапар витIизе. Шагьаралде щваравго чапарас абуна рикIкIада вугев маликасдасан бусурбабазул халифасе кьезе чанго суалгун вачIун вугилан жив.

Чапарасул мурад лъайдал бусурбабазул халифас буюрухъ кьуна гьев жаниве виччаян. Хъалаялъувеги лъугьун чапарас абуна бусурбабазе кьезе лъабго захIматаб суал бугила жиндир. Чапарас абуралда гIанчIлъарав халифас шагьаралда ругелщинал гIалимзаби ахIеян буюрухъ кьуна.

Борхатаб бакIалдеги вахун чапарас ахIана: «Лъабго суалги босун вачIун вуго дун нужехъе! Гьел суалазе жаваб кьезе кIвани Византиялъул маликас рагIи кьуна нужее гIемераб гIарац-месед кьелин. Гьале гьел суалал: «Аллагьасдаса цебе щиб жо букIараб?», «Аллагь киве валагьун вугев?», «ГьабсагIаталъ Аллагь щиб гьабулев вугев?»

Гьел суалал рагIидал гIалимзаби щиб жаваб кьелебали лъачIого риха-хочун лъугьана. Щайгурелъул, гьел суалазул гIуцIиго мекъи бугелъулха исламалъул гIакъидаялда рекъон.

Тохлъукьего гIадамазул гурулъа загIипабго гьаракь рагIана: «Я дир эмен, дица бегьилищ гьел суалазе жаваб кьезе!? Дида ккола дир жаваб рагIидал гьев чи вуцIцIун чIелилан». Гьеб букIана инсуда цадахъ данделъиялде вачIарав гьитIинав васасул гьаракь. Инсудего гIадин васас халифасухъаги босана изну чапарасе жаваб гьабун кIалъазе.

Халифасул изну щведал Византиялъул чапарас гьитIинав васасдехунги вуссун тIоцебесеб суал кьун абуна: «Аллагьасдаса цебе щиб жо букIараб?» - илан. Васас суалалде данде жаваб гьабун гьесда гьикъана: «РикIкIине бажарулищ духъа?» - ян. Бажарулин чапарас жаваб кьедалги васас абуна: «Гьедин батани анцIгоялдаса гъоркье рикIкIе», - ян. Чапарас рикIкIине байбихьана: «АнцIго, ичIго, микьго…», - йиланги абун. Гьедин рикIкIунаго «цоялде» щведал чапар чIана. «Гьа, щибха ккараб!? Цоялда цебе щибха бугеб?» - илан васас цIехана. «Цоялда цебе щибго гьечIо», - йиланги абун, чапар гIажаиблъана. «ХIисабалъул цоялдаса цебехун щибго гьечIеб мехалъ Авал-Ахир гьечIев, ТIадегIанав, дуниял-гIалам бижарав Аллагьасдаса цебе щибго жо батилин дуда ракIалдего кин ккараб?» - илан ахIана васас.

Гьединаб жаваб васас кьелин чапарасда киданиги ракIалде ккун букIинчIо. Хадубги чапарас кIиабилеб суал кьун абуна: «Дуца дие жаваб кье, Аллагь киве валагьун вугев?». Васас абуна: «ХIедучирахъ босе гьанибе, цинги дуца гьеб рекIинеги гьабун абе гьелъул канлъи кинаб рахъалдехун тIибитIун бугебали». «ХIедучирахъалъул канлъи цо хассаб рахъалдехун тIибитIун гьечIо. Гьелъул канлъи киналго рахъаздехун буго тIибитIун», - иланги абун чапар хIайранлъана.

Чапарасул жаваб рагIидал, васас абуна: «Физикияб канлъицин ункъабго рахъалдехун тIибитIун бугеб мехалъ, «кинаб рахъалдехун гьеб тIибитIун бугеб» абураб суалалъе жаваб кьеялда мунги хIайранлъидал, гьеб канлъи Жинца бижарав Аллагь кивехун валагьун вугевилан суалцин кин дуда кьезе кIвараб?» - илан.

Византиялъул чапар гIажаиблъун хутIана: гьесда цеве гьитIинав вас вуго, гьес кьолел суалазе тIад кIалъай гьабизе кIоларел жавабал кьолев. ХьулкъотIарав чапар гьесие лъабабилеб суал кьезе жуварабго васас кIал цебеккезабун абуна: «Сабру гьабе! Мун вуго суалал кьолев чи, гьезие жаваб кьолевги дун вуго. Рекъараб букIинаан суалалго гIадин жавабалги гIадамазда лъикI рагIизе нилъ кIиясго бакIал хисани», - ян. БитIараблъунги бихьун чапар трибуналдаса рещтIана ва гьев гьитIинав васги гьесул бакIалде вахана.

Цинги чапарас лъабабилеб суал кьуна: «Дуца бице гьабсагIаталда Аллагь щиб гьабулев вугев?» Цинги васас абуна: «ГьабсагIаталда, гьаб борхатаб трибуналда гьерсихъанги, ислам махсароде кквезе бокьаравги вихьидал, Аллагьас гьев гьоркье рещтIинавун, гIадамазда цеве гIодовегIан гьавуна. Амма Аллагь цо вукIиналда щибниги щаклъи гьечIевги Гьес битIараб калам гьесул кIалдибги лъун тIадегIан гьавуна», - ян. Византиялъул чапар инжит ва гIодовегIан гьавун жиндирго ватIаналде тIадвуссана.

ГьитIинав васин абуни кIудиявги гIуна ва исламалъул бергьарав гIалимчилъунги вахъана. Гьев васасда цIарги Абу ХIанифа букIана. Гьелде тIаде ункъабго мазгьабалъул цояб гIуцIаравги гьев ккола.

Жабир Мажидов,

ЦIияб ЧIикIаб росу

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.