АсхIабзабигун дандчIварав

29 Март 2018
974

 

ТабигIуназул заманалда Киндаталда вукIана лъабго чи, гьенир ругел гIадамаздаса макъам тIадегIанал. Гьел рукIана къотIи гьабурал гIадин ритIухълъиялда ва Аллагьасеги, Гьесул расуласеги, муъминзабазеги мутIигIлъиялда чIарал. Гьел рукIана МухIаммад ибн Сирин - ГIиракъалда, Къасим бин МухIаммад бин Абу-Бакр -  ХIижазалда ва Ражаъ ибн ХIайвагь - Шамалда.

Ражаъ ибн ХIайвагь гьавуна Палестинаялъул Бисан абураб бакIалда, ГIусман-асхIабасул халифалъиялъул ахиралда. МухIканго гьев гьавураб заман лъалеб гьечIо. Гьев вукIана гIарабазул Киндат тухумалдаса.

Ражаъ гьитIинго лъугьана гIелму тIалаб гьабизе. Гьес бищунго кIвар кьолеб букIана Хирияб Къуръан ва аварагасул хIадисал лъазариялде.

Гьесие талихI ккана хириял асхIабзабигун дандчIваялдалъун. Гьездасан ккола Абу СагIид ал-Худри, Абу Дардаъ, Абу Умамат, ГIубадат бин Самит, МугIавият бин Абу Суфян, ГIабдуллагь бин ГIамр бин ГIас, Ан-Нувас бин СамгIан ва гьел гурел цогидалги. Гьел лъугьана Ражаие гьидаяталъул ва гIелмуялъул чирахъаллъун.

Ражаица абулаан: «Иманалдалъун къачIараб исламалдаса берцинаб жо щиб букIунеб! ГIелмуялдалъун къачIараб иманалдаса лъикIаб жо щиб букIунеб! ГIамалалдалъун къачIараб гIелмуялдаса лъикIаб жо щиб букIунеб! ХIелмуялдалъун къачIараб гIамалалдаса лъикIаб жо щиб букIунеб», - ян.

Ражаъ ибн ХIайвагь вазирлъун вукIана Бану Умайятазул чанго халифасул заманалда, ГIабдулмалик ибн Марванидаса байбихьун, ГIумар ибн ГIабдулгIазизиде щвезегIан. Амма Сулайман ибн ГIабдулмалик ва ГIумар ибн ГIабдулгIазизилгун гьесул букIана цогидазда дандеккун цIикIкIараб бухьен. Халифзабазул ракIал хурхун рукIунаан Раджаъ ибн ХIайвагьида, гьесул ракIбацIцIалъи, битIараб пикру, дунялалдехун щибго хурхен букIунгутIи ва бокьараб суалалъулъ битIараб нух тIаса бищизе лъаялъе гIоло.

Ражаъ бин ХIайвагьил халифзабаздехун хурхен букIин гьезие Аллагьасул рахъалъан кIудияб рахIмат букIана. Гьес гьел битIараб нухде рачунаан ва квешлъи гьабиялдаса нахъчIвалаан.

Ражаил ккана халифзабаздехун вукIине кколеб куц малъулеб лъугьа-бахъин. Гьелъул хIакъалъулъ гьес жинцаго бицунеб буго гьадин: «Цо къоялъ дун вукIана Сулайман бин ГIабдулмаликгун цадахъ. Нижеда сверухъ рукIана гIемер гIадамал. Цо заманалда дида вихьана гIадамазда гьоркьосан нижехъе вачIунев чи. ТIаде балагьун гьесул букIана лъикIав чиясул куц-мухъ. Дир щибго щаклъи букIинчIо гьев халифасухъе вачIунев вукIиналда. Дида аскIосан унаго гьев аскIове вачIана ва саламги кьун абуна: «Я, Ражаъ! ХIакълъунго, гьав чи дур хIалбихьи буго», - ян. Гьедин абулаго гьес ишара гьабуна халифасдехун. Цинги гьес абуна: «Гьесде гIагарлъун вукIиналъулъ буго гIемераб лъикIлъи ва гIемераб квешлъи. Гьединлъидал, дуца гьесдехун бугеб гIагарлъи гьабе дуего ва гIадамазе пайдалъун. Дудаги лъай я, Ражаъ, султIанасда аскIов вугев ва гьесде гIагарлъизе кIоларел чагIазул гьариял гьесде щвезарулев чиясе Аллагьас хIисаб-суал бигьа гьабула. Дуда кIочонге Аллагьас чиясе кумек гьабула, гьес жиндир вацасе, муъминчиясе кумек гьабулебгIан заманалъ. Дудаги лъай, Аллагьасе бищунго рокьулел гIамалаздасан ккола муъминчи вохизави», - ян. Цинги дун гьесул рагIабазул пикру гьабулев вукIаго, халифас ахIана.  Дун гьесде аскIове ана.

Гьес дида цо суал гьикъана. Гьесие жавабги гьабун, дун вуссана дие насихIат гьабулев вукIарав чиясдехун, амма гьев гьенив вукIинчIо. КигIан валагьаниги дида гьев ватичIо».

МухIаммад МухIидинов,

ЧIарада район, Рулдаб росу

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.