Инсан махсароде кквей

24 Апрель 2018
1265

ТIадегIанав Аллагьас Жиндирго цIобалдалъун инсан вижана тIадегIанавлъун, къадру-къимат бугевлъун ва Къуръан-хIадисалда гьев хIакъир гьавун, махсароде ккун, валъаргъун гIодовегIан гьавурав чиясе кутакаб хIинкъиги кьуна. ХIатта Аварагас хIадисалда абуна: «Мун квешав чилъун рикIкIине ва Аллагьас дуе гIазаб гьабизе гIела, дуца диналъул вац гIодовегIан гьави, гьев какун гаргади», - ян.

Бусурманчи вукIине ккола жиндир кверазулги кIалалъулги заралалдаса гIадамал божилъиялда рукIуневлъун. БатIалъи гьечIо, гьеб зарал рагIудалъун букIа, бер-кIалалдалъун букIа, гьесда зулму гьабиялдалъун букIа. Бусурманчи бегьуларев гIадин махсароде кквезе, къабихI гьавизе, валъаргъине, капурчиги бегьуларо, мацI лъалареб хIайванги бегьуларо. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Ва гьал иман лъурал гIадамал! Нужер цо къавмалъ цогидаб къавм махсароде ккоге, Аллагьасда аскIор жал махсароде ккурал жидеца махсароде ккураздаса лъикIал ратизе бегьула», - абун.

Загьиралда, ай тIасан валагьун инсан ватIа вахъизе лъаларо, гьединлъидал кинав вукIаниги инсанасухъ балагьизе бегьуларо гьев гIодовегIанавлъун вихьун. Гьедин инсанасухъ валагьиялъул магIна ккола чIухIи, живго жиндаго тIадегIанавлъун вихьи. Жибго кIодолъун бихьиялъ, иблисалъ Адам аварагасе сужда гьабичIо ва гьелдалъун БетIергьанас гьеб рахIматалдасаги бачахъана. Жинда свалат-салам лъеяв аварагас хIадисалда абулеб буго: «Рохел буго жиндирго гIайибаз, ай гьел рихьиялъ, чияр гIайибал рихьиялдаса жив машгъул гьавурав чиясе», - ян. Лукъманил хIаким вукIун вуго гьурмадасан сурарав чи. Гьесда цояс абидал: «Дур гьумералъул сурукълъиго щиб», - ан, Лукъманица гьесие жаваб гьабун буго: «Гьеб рагIиялдалъун мун лъида гIайибчIвалев вугев, накъищалдайищ, накъищ бижарав Аллагьасдайищ?» - абун.

Жинда Аллагь разилъаяв Ибну МасгIудица абуна: «ГIемерисеб балагь тIаде цIай, кIал-мацI сабаблъун букIуна, дун хIинкъула гьой махсароде кквезе, ТIадегIанав Аллагьас дунго гьоялде сверизавилин хIинкъиялъ», - абун. Хадубги гьес абуна: «Муъминчи кидаго валагьизе ккола жиб бижараб махлукъалде гурев, жинца бижарав халикъ Аллагьасде, щай абуни, махлукъ вуго щибниги жоялъул ихтияр жинда кодоб гьечIев, Аллагьас жиндиего бокьухъе вижарав, гьединлъидал махлукъалде гIайибчIвай хIакъикъаталда Аллагьасда гIайибчIвай ккола», - ян. Свалат-салам лъеяв аварагасда цо гIарабияс абуна: «Дие цо васият гьабе», - ян.

Аллагьасул расулас гьесда абуна: «Дуца тIадчIей гьабе Аллагьасукьа хIинкъиялда, дулъ бугеб жоялдалъун дуда цонигияс рогьо бани, досулъ букIин лъалеб жоялдалъун дуца гьесде рогьо баге. Рогьо баялдалъун досие квеш ккела, ай мунагь букIина, дуе вуцIцIун чIаралъухъ ажру-кириги букIина», - ян.

Хадуб аварагас   абуна: «Щив чи вугониги жинца муъминчиясде гьес тавбуги гьабун тараб мунагьалдалъун рогьо бан, ТIадегIанав Аллагьас гьев чи гьеб мунагьалъукье ккезавичIого теларо, гьеб мунагьалдалъун дунялалдаги ахираталдаги къватIив чIвазеги гьавила», - ян.

ЧIахIиял гIадамаз абула: «Щибаб жоялъул хьон букIуна, тушманлъи бижунеб хьон махсаро буго», - ян. Гьеб махсароялъ чанги гьудуллъи кьалде буссинабула. Махсаро гьабиялъул букIине ккола къадарги заманги, чи вихьунги гьабизе ккола махсаро, гьединго гьересияб гуреб, хIакъаб жоялдалъунги букIинеги ккола. Пасикъав чиясулъ ругел гIайибал рехсей мунагьлъун букIунаро. Аварагас хIадисалда абулеб буго: «Нужеца пасикъав чи рехсе гьесулъ ругел гIайибаздалъун, гьесул гIамалаздаса гIадамал цIуниялъул мурадалда», - абун. Гьединаб мурад гьечIого гьев гIодовегIан гьави, къабихI гьави, шаргIалда какараб буго.

Исрафил-хIажи МухIумаев,

ДИУялъул мугIалим

Самые интересные статьи «ИсламДага» читайте на нашем канале в Telegram.